ЦЕБЕРАГIИ

 

Авар халкъалъул рухIияб хазинаялъул цо бутIалъун кколел кIалзул гьунаралъул (фольклориял) асаразул батIи-батиял тайпаби данде гьарун цо хасаб тIехь къватIибе биччазе заман цебего щун бугин абизе бегьила. Фольклоралъул бечелъи гIатIидго бихьизаби гуребги, гьединаб тIехьалъ рес кьезе буго халкъалъул тарихалде гъорлъе раккизеги, нилъер умумузул рукIа-рахъиналъул, гIамал-хасияталъул, хьвада-чIвадиялъул сурат цебечIезабизеги, гIужилаб ва пасихIаб каламалъул тату лъазеги, гIумруялъул цохIо миллаталъе хасиятабги тIолабго инсанияталъе гIаммабги рахъ борцинеги.

Халкъиял кIалзул гьунаралъул асараздаса данде гьабураб тIехьалде цIикIкIараб хIажалъи буго цIалдохъабазул ва студентазул. Инсанасул напсалда ва ВатIаналда, камагIаталда ва пачалихъалда хурхарал пикраби гъорлъ рессун рукIиналъ, кIалзул гьунаралъул асараз рес кьезе буго гIолилазул лъай борхизабизе гуребги, гьезие лъикIаб тарбия щвеялъеги.

Нижеда ракIалде ккана, гьаб кинабго бичи-хисиялде сверараб заманги хIисабалде босун, университеталда цIалулел студентазул гьариялда рекъон, авар фольклор малъизе къабул гьабураб цIалул программаялде данде кколеб къагIидаялда кIалзул гьунаралъул асаразул хрестоматия къватIибе биччазе. Гьединаб тIехь къватIибе биччазе гьабулеб тIоцебесеб хIалбихьи букIиналъ, кинабго хIисабалде босизе кIвеларо, амма нижеца жигар бахъулеб буго нилъ ругьунаб цо хасаб идеологиялъе мукIур гьарурал асарал тIаса рищичIого ва кинабго бичи-хисиялде сверизе течIого, лъикIаб, пайдаябщиналдаса инкар гьабичIого рукIине: гIадатазул хIакъалъулъ ругел асараз рес кьела жегиги пачалихъиял законал рахъилалдего жамагIаталъ хасал шартIазда гIумру цебе бачунеб букIарабали бихьизе, мифаз ва диниял асараздаса лъазе буго дунялалъул ахираталъул хIакъалъулъ халкъалъул бугеб бичIчIи, биценаз ва кьалул кучIдуз бихьизабила ВатIаналъе ва миллияб эркенлъиялъе гIоло гьабураб къеркьей, лирикиял кучIдуз, балладабаз, маргьабаца инсанасул анищал, хьулал, рукIа-рахъиналъул хIакъалъулъ ругел пикраби гIатIидго рагьила. Гьай-гьай гьеб киналдего кIудияб кIвар буссинабизе ккела учителас практикиял хIалтIабазул дарсазда.

ТIехьалда лъурал цо-цо асаразул жанрияб рахъ гIага-шагарго босараб буго. Гьедин абизе бегьила баснябазул, халкъиял къисабазул, харбазул, биценазул хIакъалъулъ. ТIаса рищарал асарал цIалул ишалъе мукIур гьарун рукIиналда бан, гьезул цо-цоязул варианталги кьолел руго, бакIалъул мацIалъул хаслъиги цIунулеб буго. Литературияб мацIалде гIагар гьарун нижецаго кьурал асаралги руго. ХисичIого тун руго гIадатазул хIакъалъулъ ругел кучIдул, кицаби, абиял, бицанкIаби, къокъал кучIдул, советияб заманаялъ хъварал асарал. Практикиял хIалтIабазул дарсазда гIемер кIвар кьолел рукIиналъ маргьабазул, эпосиял, лирикиял асаразул, балладабазул, биценазул къадар цIикIкIун буго.

Абизе ккараб буго фольклориял асаразул цо-цо тайпаби данде гьарун къватIире риччарал тIахьал рукIиналъ рес кьунин гьаб хрестоматия къватIибе биччазе. Гьединал тIахьазул хIакъалъулъ баян нижеца тIехьалъул ахиралда кьолеб буго. ГIезегIанго асарал руго университеталъул студентазул гIелмияб цIех-рех гьабулеб институталъул (НИИФЛИ-ялъул) фондаздаса росаралги, Россиялъул гIелмабазул Академиялъул цо бутIалъун кколеб Дагъистаналъул ГIелмияб Академиялъул мацIазул, литератураялъул ва историялъул гIелмияб цIех-рех гьабулеб Институталъул фондаздаса росаралги. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ баян, цIалул ишалъе кIвар гьечIел хIужабиги гьоркьоса рахъун, тIехьалъул ахиралда кьолел руго. Гьединго тIехьалъул ахиразда кьолеб буго ричIчIуларел рагIабазе баянги.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»